Сириялъе ярагъ бичиялъул контракталъул шартΙал тΙуразарулел руго Росссиялъ. Амма Москваялъул планалда гьечΙо Дамаскалъулгун рагъулаб сфераялда цΙиял къотΙи-къаял гьаризе. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна россиялъул президентасул кумекчи Юрий Ушаковас.
Гьелда цебе МИГ корпорациялъул генералияв директор Сергей Коротковас лъазабун букΙана, Москваялда сириялъул делегациялъулгун кΙалъа-басаязда данралел ругин россиялъул МИГ-29 рагъулал аэропланал Дамаскалъе ричиялъул суалалин. Гьесул рагΙабазда, планалда рагΙула Сириялъе анцΙгоялдаса цΙикΙкΙун аэроплан бичизе.
Рузман къоялда радалго россиялъул цо-цо информалатаз лъазабун букΙана, Россиялъ С-300 ракетабазул системаби Сириялде ритΙун рукΙинчΙин ва гьанжеги лъалеб жо гурин, исана гьел гьенире ритΙизе ругищали абун.
Хамис къоялда президент Башар Асадица лъазабун букΙана, Сириялде бачΙанин россиялъул С-300-абилезул тΙоцебесеб партияйин.