Коллективияб хΙинкъигьечΙолъиялъул къотΙи-къаялъул гΙуцΙиялъул улкабазул лидераз къабул гьабуна 2014 соналда Афгъанистаналдаса НАТОялъул рагъул къуватал нахъе рачун хадуб Централияб Азиялъул регионалда парахалъи цΙуниялъул мурад бугеб чанго хΙукму. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна гьеб гΙуцΙиялъул генералияв секретарь Николай Бордюжаца Бишкекалда тΙобитΙараб гΙуцΙиялде гъорлъе унел улкабазул лидеразул формалияб гуреб саммиталъул хΙассилал рачунаго.