20 ва 25 маялда МахIачхъалаялда гьарурал терактазул хIасилалда лъукъарав лъабгояв Москваялъул азарханабазде швезавун вуго. КIигояв захIматаб хIалалда вуго.
МахIачхъалаялъул азарханаялда гIумруялдаса ятIалъана Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул минаялда цебе гьабун букIараб кьвагьиялъул хIасилалда лъукъарай 37 сон барай ГIисаева Зумруд.
Тохтурзабазда кIвечIин гьей хвасаргьайизе, ян лъазабуна республикаялъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ.
ГьабсагIат азарханаялда вегун вуго I4 лъукъарав. Жеги анлъгоясул хIал-хIукму лъикI гьечIин.
Низам цIунулез цебеккунго гьабураб хIасилалда рекъон теракт гьабун буго 25 сон барай ГIалиева Мадина. Араб бакI лъачIого камурайлъун рикIкIуней йикIарай гьей йикIун йиго чIварав яргъид гIуцIарав кIиго къеркьейчиясул гражданияй лъадилъун.