ТІолабго халкъ гІахьаллъарал рищиял тІоритІулел Пакистаналда гьабуна чанго тІадекІанцІи. Эркенлъи радиоялъул хІисабалда Карачи шагьаралда гьабураб кьвагьиялъул хІасилалда хвана бищун дагь босун 10 чи, анцІ-анцІ чи лъукъунги вуго. Пешавар шагьаралда гьабураб кІиго кьвагьиялъул хІасилалда лъукъун вуго 22 чи.
Улкаялъул историялда гьел рищиял кколел рагІула тІоцересел демократиял рищиял. Гьезул хІасилада рекъон, нухмалъи буссине буго цояб гражданияб хІукуматалдаса цогидалъухъе.
Байбихьудасаго талибаз хІинкъиял кьолел рукІана, гьезул пикруялда, «исламиял» гурел рищиял терактал гьарун хвезаризе ругин абун. ТІадекІанцІияздаса цІуниялъул мурадгун, улкаялда хІалтІуде рахъинарун руго тІадеги хІинкъигьечІолъиялъул хъулухъазул 600 азарго чи.