Пакистаналда парламентиял рищиязда гIахьаллъизе вугев кIиго кандидатасул офисазда аскIоб бахъана кIиго кьвагьи. Хун вуго ичIго чи. Кьвагьиял ккун руго Кохат абулеб шагьаралдасаги Пешаваралъул сверухълъиялда бугеб бакIалдаги. Гьел кьвагьиязул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо.
Пакистаналда парламентиял рищиял тIоритIизе руго 11 маялда. Пакистаналъул тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалда гьедин демократияб куцалда цо хIукуматалъул ихтиярал кьезе руго цоги хIукуматалъухъе.
Пакистаналда парламентиял рищиял тIоритIизе руго 11 маялда. Пакистаналъул тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалда гьедин демократияб куцалда цо хIукуматалъул ихтиярал кьезе руго цоги хIукуматалъухъе.