Кировалъул диваналда жиндир ишалда сверун гIенеккиял унел ругев оппозиционер Алексей Навальныяс абуна «Кировлес» компаниялъул вукIарав генералияв директор Вячеслав Опалёвас жинде данде гьересиял рихьизариял гьарулел ругин.
Навальныяс рикIкIунеб буго Опалевас гьереси бицунеб бугин жиндаго тIад рагьараб такъсир гьабиялъул иш къазелъунин. ЦIех-рехчагIигун Опалевас гьабураб гьеб къотIи къануналде данде кколареблъун рикIкIунеб буго Навальныяс. Гьесда гIунтIизабулеб буго «Кировлесалъул» буголъи бикъиялъул гIайиб.
АрбагI къоялда диванаханаялда кIалъалаго оппозиционияв блогерас абуна «Кировлесалъул ишалъул» политикияб магIна бугин ва гьедин тIалъиялъ жинда бецIулеб бугин коррупциялъул хIужабазул цIех-рех жинца гьабулеб букIинин.
Процесс халат бахъине буго рузман къоялъ радал сагlат ичlго тlубараб мехалда
Киров шагьаралъул Ленинский мухъалъул диваналда жакъа халат бахъунеб буго оппозиционияв активист Алексей Навальныясда тIад такъсирияб ишалъул гIенеккиял. Гьезда гIунтIизабулеб «Кировлес» компаниялъул буголъи бикъиялъул гIайиб.