Россиялъул цΙех-рехалъул комитеталъ цойги такъсирияб иш рагьун буго вацал Алексей ва Олег Навалныязда хурхун. Гьезде гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго пуланаб фирмаялъе макру-хΙилла гьабиялда хурхараб. Гьелда цебе Киров шагьаралъул диваналъ 24 апрелалде бахъун букΙана Алексей Навальныясул ва гьесул кумекчи Петр Офицеровасул «Кировлес» компаниялда гьабураб цогьалъул иш гьоркьоб лъей.