Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналда динияб дандечIей: лъица ва щай?


Гьал къоязда Дагъистаналда ккана динияб дандечIеялда хурхараб чанго лъугьа-бахъин. Цебеккун «Эркенлъи» радиоялъ цереккун кьурал баяназда бицунеб букIана Лаваша мухъалъул Хважалмахи росулъ бугеб салафияздаса гIуцIараб «чIегIераб сияхIалъул» хIакъалъулъ. Цоги информалатаз бицунеб буго гьенир ругел салафиял росу тун гочун унел ругин.

Щай салафиязулгун суфиязул гьоркьорлъаби тIадеялдаса тIаде хIалуцIунел ругел, кинаб бугеб цебе букIарав ва гьанжесеб Дагъистаналъул тIалъиялъул гьеб масъалаялдехун бербалагьи абурал суалазда хурхун материал гьабуна нижер мухбир Ражабов Рамазаница.

Чанго соналъ унеб хIалуцараб динияб дандечIей республикаялъул батIи-батIиял шагьаразда ва росабазда загьирлъула цIиял такъсираздалъун ва инсанасул гIумруялъе хIинкъи бугел лъугьа-бахъиназдалъун. Ахираб заманаялъ тIолго Дагъистаналъул информалатазда ва блогосфераялда гьоркьоб лъураб тема букIана Лаваша мухъалъул Хважалмахи росулъ ккарал лъугьа-бахъинал.

«Кавказский узел» сайталъул баяназда рекъон, росулъ раккун руго салафиязул хасал сияхIал. Гьенир рехсарал хъизамаз гIагараб заманалда росу течIони чIвазе ругилан лъазабулеб буго. Гьебго информалаталъ лъазабухъе, хIакъикъаталдаги салафиязул гIемерисез росу тун буго.

16 марталда чIварав эменги васги ДжабрагIил ва АхIмад АхIмадовал ва 25 марталда чIварав ГIабдулмажид Мажидовги рукIана гьебго сияхIалда гъорлъ. Росуцояз рикIкIунеб буго гьел киналго сияхIалда ругел гIадамал гIахьаллъанин цереккун росулъ рукIарал такъсиразулъ.

Цойги гьелдаго релълъараб лъугьа-бахъин ккана Унсоколо мухъалъул ГIашилтIа росулъ. 40 сон барав Алдамов Амирхан ватана ГIанди гIуруда аскIов кверда маххалги ран, габурги къотIун. Гьесул вац Амирханов МухIамадгIалида гIунтIизабулеб буго араб соналъул августалда устар СагIид-афанди чIваялъулъ гIахьаллъиялъул гIайиб.

ГIемерисел экспертазул ва диниял специалистазул пикруялда рекъон, Дагъистаналда ахIвал-хIал хIалуцинабизе къаригIарал къуватал халлъулел руго гIемерисел лъугьа-бахъиназулъ.

Ахираб заманалда цIикIкIун ругел чIвай-хъвеялги гьеб кьердасан ругоян рикIкIунеб буго «Дагъистан ракълил территория» абураб жамгIияб гIуцIиялъул гIахьалчи, философиял гIелмабазул кандидат Зухумов Зухумица. «Эркенлъи» радиоялъе гьес гьадин бицана:

Зухумов Зухум: «Суфияздагун салафиязда гьоркьоб рекъел гьабиялъул процесс байбихьун хадуб хIалуцин гIодоцун букIана. Дида гьеб лъала, щайгурелъул дун ва дица гIахьаллъи гьабулеб жамгIияб гIуцIи гьеб процессалъулъ жигараб гIахьаллъи гьабулел рукIана.

ГьабсагIаталда лъугьунел ишазухъ балагьарабго, мухIканго бихьулеб буго ахIвал-хIалги, динияб дандечIейги хIалуцинабулеб буго къватIисан. Жалго гьеб кIиго исламалъул рикьиялда гьоркьоб рагIи дандеккунгутIи ва идеологиял суалазда хурхун бахIс кидаго букIана, амма гьанже гIадаб хIалуцин букIинчIо киданиги.

Ракълилал гара-чIвариял байбихьарабго шигIитазул мажгит кьвагьизабун букIана, гьеб гурел жеги гIемер хIужаби рукIана бусурбаби цоцалъ раялъул мурадалъ гьарулел, амма гьезул жо кколеб гьечIо. Республикаялъул тIалъиялъе бокьаниги, бокьичIониги, гьезда кIоларо гьаниб ахIвал-хIал хисизабизе.

Жибго тIалъи буго загIипаб, тIубанго Москваялда бараб. Бусурбабазда гьоркьоб рекъел гьабизе гIураб кверщелги гьечIо республикаялъул тIалъиялъул, дун божуларо гьез ахIвал-хIал хисизабизе кIвеялда».

Гьединго Зухумов Зухумица бицана кIиго динияб рикьиялда гьоркьоб унеб дандечIеялда гьоркьобе лъугьине кколарин пачалихъ, гьелъ тIадеги хIалуцинабулеб бугин дандечIей. ГьабсагIаталда бугеб ахIвал-хIалалъе гIиллалъунги гьесда бихьулеб буго диниял суалазда гьоркьобе пачалихъ жубай.

Гьебго заманалда халкъалда гьоркьоб, хасго гIолилазда гьоркьоб пачалихъиял къануназдаса шаргIиял къануназул къадру цIикIкIунеб буго. Гьединго гIемерлъулел руго диниял ихтияразе гIоло пачалихъалъе мутIигIлъунгутIизе хIадурарал. Дагъистаналъул гIелмияб централъул социологиялъул бутIаялъул нухмалъулев ГIабдулагатов Заидица «Эркенлъи» радиоялъе рехсана гьел суалазда тIаса гьарурал цIех-рехазул хIасилал.

ГIабулагатов Заид: «Нижеца гIолилазе кьуна гьадинаб суал: Кин дуда кколеб, шаргIиял къануналищ кIвар бугел нужее, пачалихъиял къануналищ абун. Гьеб суалалъе щварал жавабаз бихьизабулеб буго республикаялда унел процессазда гъорлъ бугеб динияб гIахьаллъи. ШаргIиял къанунал тIадегIанал ва кIвар бугеллъун рикIкIунел руго цIех-рех гьабуразул 41,3 % гIолилаз, пачалихъиял къанунал цере лъолел руго 27 % гIолилаз, хутIаразда жаваб кьезе кIолеб гьечIо.

Бихьулищ нужеда гьеб кIиго проценталда гьоркьоб бугеб батIалъи. Дагъистаналъул жамгIияталда диниял къануназе кIвар цIикIун кьолеб буго пачалихъиял къануназдаса».

ГIемерисел экспертаз тасдикъ гьабулеб буго республикаялда унеб динияб дандечIеялъе гIиллалъун чанго батIиял хIужаби рукIин. Жалго суфиязулгун салафиязул идеологиялда руго дандеккунгутIиял, амма Дагъистаналда ругелгIан тунка-гIусиязде гьез рачунел гьечIо цоги бусурбабаз гIумру гьабулел улкабазда абун бицана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мугIалим Саидов Садикъица.

ДандечIеялъе тIоцебесеб гIиллалъун гьес рикIкIунеб буго пачалихъалъул киналго данде рачунеб гIаммаб идеология гьечIолъи, кIиабилеб – диниял суалазулъ пачалихъ гIахьаллъи ва лъабабилебги – социалиял гIиллаби. Гьезда гъорлъе уна хIалтIи гьечIолъи ва социалияб ритIухълъи гьечIолъи.

Гьединго Саидов Садикъица бицана, Дагъистаналъул цIияб тIалъиялъ кIиго рикьиялда гьоркьоб араб соналъ байбихьарал ракъалилал гара-чIвариял цIигьаризе хIаракат бахъизе кколин ва кIияздасаго бащдаб къадаралъ рикIкIад чIезе кколин.
XS
SM
MD
LG