Туркиялъул парламенталъ къабул гьаруна терроризмалде данде къеркьей гьабиялда хурхараб къануналде журалел цо-цо хиса басиял.
Гьелдалъун хисун буго терроризмалъул пропаганда абулеб гIайибалъе къанунияб кьучI.
Гьанжеялдаса такъсирлъун рикIкIине буго гIицIго зулму гьабиялде бараб ахIи.
Туркиялъул юстициялъул министерлъиялъ лъазабухъе гьединал хиса-басиял гьарун руго Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъан Европаялъул диваналъ гьабураб тIалабалда рекъон.
Туркиялъул туснахъазда нус-нус политик, хIаракатчи ва журналист вуго терроризмалъе квербакъи гьабиялда шаклъи ккун.