Ереваналда тIобитIана кIиабилеб нухалъ Армениялъул президентлъун вищарав Серж Саргсянил инаугурация, ай – гьа баялъул тадбир. Амма улкаялъул оппозиция арал президентасул рищиязда разияб гьечIо. Опозициялъул хIисабалда ришиязда бергьана «Ирс» абулеб багъа-бачариялъул цевехъан Раффи Ованнисян. Гьесул рахъ ккурав аза-азар чияс гьебго къоялъ тIобитIана «альтернативияб инаугурация» ва протесталъул хьвади. Полициялъ оппозиционеразе нух къалеб мехалда багъарана тунка-гIусси. Гьелъул хIасилалда лъукъун вуго «Ирс» абулеб багъа-башариялъул бутIрузул цояв Армен Мартиросян.
RFER/RL Армен сервисалъул мухбирзабаз рахъарал суратал.
Ереваналда тIобитIана кIиго батIияб инаугурация
1
ЦIивищарав президент Серж Саргсян (бакьулъ) Ереваналда 9 апрелалда букIараб гьа баялъул тадбиралда.
3
Киналго армяназул католикос Гарегин КIиабилес Серж Саргсянил хIаракатчилъи баркат бугеблъун лъазабуна.
4
Оппозициялъул цевехъан Раффи Ованисяница митинг байбиъьизегIан улкаялъул байрахъалда баана.
5
Раффи Ованисяница жиндирго рахъ ккуразде хитIаб гьабулеб буго оппозициялъул митингалда.
6
ГIолохъанал оппозиционеразде данде чIараб полиция.
7
Оппозициялъул цевехъан Р.Ованисян ва полиция.
8
Серж Саргсянил бергьенлъиялдаса разилъи гьечIев вищарухъан.
9
Митингалда рагъарарал тунка-гIусиял.
10
«Ирс» абулеб багъа-башариялъул бутIрузул цояв Армен Мартиросян.
11
Ереваналда дандечIей.
12
Оппозициялъул цевехъан Р.Ованисянил рахъ ккураз жигараб къагIидаялда бихьизабуна жидерго разилъи гьечIолъи.