Оппозиционияв блогер Алексей Навальныясда ракIалда буго Россиялъул президентлъун вахъине. Гьедин гьес лъазабуна 4 апрелалъул къаси «Дождь» телеканалалъе. Жиндирго гьеб мурадалъе ругел гIиллабазда гьоркьоб гьес рехсана россиялъул гIадамазе гIадатияб, Европалъул улкабазда бугеб гIадаб гIумру чIезабизе бугеб анищ.
Блогерас гьединго абуна жинде данде такъсирал гьариялъул батIи-батIиял ишал рагьулел рукIаниги Россиялдаса нахъе ине жинда ракIалда гьечIин ва хадусан жинда ракIалда бугин гьанжесев президент Владимир Путин ва гьесул гIагардисеб сверухълъи тIамихIалде цIазегийин.
ГIарцул батIи-батIияб къадар бикъанин абун гьесда сверун рагьун буго чанго такъсир гьабиялъул иш. Живго Навальныяс абулеб буго гьел ишал жиндир политикияб хIаракатчилъиялда рарал ругин.