Апгъанистаналъул тIадтаразул баяналда рекъон гIага-шагарго 53 чIван ва анцI-анцIгояв лъукъун вуго 3 апрелалда Фарах шагьарлъул диваналъул минаялда аскIоб живго-жинцаго чIвазе хIукму гьабураз кьвагьулеб алат хIалтIизабун хадуб. Гьелдаса нахъе хIинкъи гьечIолъи цIунулел хъулухъчагIазда ва тIалибазда гьоркьоб бахъараб кьвагIа-гIанхъи анкьго сагIаталда жаниб халат бахъунеб букIана.
ТIалибазул гьужумалъул къурбанал
1
Гьужумалъул хIасилалда лъукъарав апгъанияв Герат шагьаралъул азарханаялда.
2
An Afghan man receives treatment in a Herat hospital after he was wounded during the attack.
3
ХIужа ккараб бакIалда хьвадулев полициялъулав.
4
Фарах вилаяталда хъаравуллъи гьабулел полициялъулал.
5
Лъукъарай чIужу-гIадан.
6
Фарах вилаяталъул цо азарханаялде щвезарурал лъукъарал.