Ссылки для упрощенного доступа

Фарах провинциялда кьвагьи


Афгъанистаналъул Фарах провинциялда яргъидгIуцIараз диванханаялъул минаялда аскIоб кьвагьизабун буго бомба. Гьелдаса хадуб хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватазда ва экстремистазда гьоркьоб ккун буго кьвагьа-гIанхъи. Гьеб халат бахъун буго сагIатгIанасеб заманаялъ. Гьенив хун вуго анлъго ва лъукъун вуго анцI-анцI чи. Хваразда гьоркьов вуго цо полициявги, жиндир ишалда сверун диванханаялда гIенеккиял унел рукIарав чиги, кIиго яргъидгIуцIаравги.
Кьвагьиялъ диванханаялъул мина гуребги, аскIор рукIарал губернаторасул офисалъеги, банкалъеги жагъаллъи гьабун буго.
БакIалъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго кьвагьи ккараб мехалда гьенир рукIанин 13 жанив тIамурав чийин ва гьезул цонигияв лъутичIин. Кьвагьиялъул жавабчилъи тIалибаз тIаде босун буго.
XS
SM
MD
LG