Шималияб Кореялда ракIалда буго Йонбеналда атомияб централда хIалтIаби цIигьаризе. Кореялъул Централияб телеграфияб агентлъиялъ лъазабуна атомияб комплексалда ругел киналго объектал цIигьаризе ругин ва гьездаго гьоркьоб бугин уран бацIцIад гьабулеб объектгийин.
Гьеб централъул хIалтIи чIезе тун букIана 2007 соналда Шималияб Кореягун рукIарал анлъго рахъалъул кIалъа-ралъаязда хадуб.
Шималияб Кореялъул информалатаз талат къоялда тIибитIизабураб жидер лидер Ким Чен Ынил кIалъаялда абулеб буго улкаялъул ятомияб программа букIине бугин экономикияб цебетIеялъул кьучIлъунин.
Шамат къо 30 марталда Пхеньяналъ лъазабун букIана Кореялъул кIиго пачалихъалда гьоркьоб рагъулал гьоркьорлъаби рукIиналъул.
Кореялъул бащдабчIинкIиллъиялда ахIвал-хIал хIалуцана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ Шималияб Кореялде данде цIиял санкциял гьарун хадуб. Гьелъиеги гIиллалъун ккун букIана февралалда Пхеньяналъ лъабабилеб нухалда атомиял хIалбихьиял гьари.