Россиялда рищватчилъиялъул ва инсанасул ихтиярал хвезариялъул гъваридаб цIех-рех гьабулеб «Новая газетаялъе» 1 апрелалда тIубана 20 сон. Дунялалдаго журналистазе хIинкъи бугезул цояблъун лъалеб улкаялда къватIибе бачIунеб гьеб газетаялъе щун буго дунялалдаго машгьурлъи, амма гьелдаго цадахъ гьелъул журналисталги гIемер ккана хIинкъи бугеб бакIалде, руго чIваралги.