Жанубияб Кореялъ кIудияб кIвар кьолеб буго Шималияб Кореялдасан рачIунел хIинкъабазе ва гьеб хIадураб буго Пхеньяналъул рахъалдасан рукIине бегьулел бокьарал провокациязе жаваб кьезе. Гьедин лъазабуна итни къоялда Жанубияб Кореялъул президент Пак Кын Хеца.
Гьелда цебе Америкалъ Япониялда бугеб рагъулаб базаялдаса Жанубияб Кореялде рагъулал ругьунлъиязда гIахьаллъизе ритIун руго F-22 абулел рагъулал аэропланал. Араб анкьалда гьелго рагъулал ругьунлъиязул гIурхъабалъ Жанубияб Кореялде ритIун рукIана америкалъул B-2 абулел бомбаби ралел аэропланал.
Шамат къо 30 марталда Пхеньяналъ лъазабун букIана Кореялъул кIиго пачалихъалда гьоркьоб рагъулал гьоркьорлъаби рукIиналъул.
Кореялъул бащдабчIинкIиллъиялда ахIвал-хIал хIалуцана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ Шималияб Кореялде данде цIиял санкциял гьарун хадуб. Гьелъиеги гIиллалъун ккун букIана февралалда Пхеньяналъ лъабабилеб нухалда атомиял хIалбихьиял гьари.