Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъе зарал ккезе бегьула Кипралъул финансазул кризисалдаса


Россиялъул нухмалъиялъ негативияб реакция загьир гьабуна Кипралъги еврозонаялъул улкабазул финансазул министразги къабул гьабураб хΙукмуялда бан. Гьеб хурхунеб буго кипралъул банказда россилъул инвестораз лъураб гΙарцида. Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас лъазабуна, итни къоялда гьабураб хΙукму кколин цогь гьабиялда релъараб галиян.

Брюсселада Евроцолъиялъул, Европаялъул централияб банкалъул ва Халкъазда гьоркьосеб валютаялъул фондалъул нухъмалъулез къотΙи-къай гьабун буго Кипралъул президент Никос Анастасиадисилгун улкаялъул бищунго кΙудияб банк Laiki къаялъул ва Bank of Cyprusалъул реструктуризация гьабиялъул. КΙиябго банкалда гΙарац лъуразе кΙудияб зарал ккезе бугин лъазабулеб буго экспертаз.
XS
SM
MD
LG