Америкалъул Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керри гьатIан къоялъ Багъдадале вачIун вуго. Гьев данделъана ГIиракъалъул церехъабазулгун. Джон Керрица ГIиракъалъул тIалъиялдаса тIалаб гьабун буго гьеб улкаялъул гьавадул гIурхъи къай Ираналдаса роржун унел рагъулал аэропланазе.
Цолъарал Штатаз Ираналде гIунтIизабулеб буго Сириялъул режималъе ярагъ кьеялъул гIайиб. Жиндир иргаялда Тегераналъ лъазабулеб буго гьел аэропланаз гуманитарияб кумек бачунеб бугин Сириялде.
Цолъарал Штатаз Ираналде гIунтIизабулеб буго Сириялъул режималъе ярагъ кьеялъул гIайиб. Жиндир иргаялда Тегераналъ лъазабулеб буго гьел аэропланаз гуманитарияб кумек бачунеб бугин Сириялде.