Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъ Кипралъе финансияб кумек гьабизе гьечIо


Россиялъ Кипралъе финансияб кумек гьабизе гьечIо, ян лъазабуна Россиялъул финансабазул министр Антон Силуановас Москваялда кIиго къоялда жанир тIоритIарал кIалъа-басаязда хадуб.

Россиялъул инвесторазул интерес гьечIин Кипралъул тIадтараз цере лъурал планазул. Гьадин тIаде жубана Россиялъул министрас.

Итни къоялде Кипралъ антикризисиял тадбирал гьаризе гьечIони ва жиндирго бюджет 6 миллиард евроялъ цIикIкIинабичIони Евроцолъиялъ ва Халкъаздагьоркьосеб Валютияб Фондалъ Кипралъул банказе хIалае 10 миллиард евроялде бахунеб гIарцул кумек кьезе гьечIо.
XS
SM
MD
LG