Рималъул Папа Франциск ТIоцевесев официалияб къагIидаялъ тахалде вачIун вуго талат къоялъ.
76 сон барав Аргентинаялда гIурав Хорхе Марио Бергольо араб анкьида вищун вуго Рималъул Католикияб килисаялъул бетIерлъун ва гьелдалъун гьев вахъана иргадулав 266-билев понтификлъун.
Гьа баялъул ай интронизациялъул тадбир тIобитIулаго Ватиканалда бугеб Мунагьал гьечIев Петрил майданалда Франциск ТIоцевесес дугIа гьабуна анцI-анцI азарго чиясда цебе.
Дунялалъул политикаялъе, экономикаялъе ва социалияб сфераялъе асар гьабулел хIаракатчагIазде гьес ракIалде щвезабуна гьезда тIад бугеб жавабчилъи.