Америкалъул руго кIудиял ресал Ираналда атомияб ярагъ гьабичIого тезабизе ва гьелъ хал гьабулеб буго Тегераналда сверун хIалтIизаризе бегьулел киналго вариантазул. Гьединаб лъазаби гьабуна хамиз къоялъ Америкалъул президент Барак Обамаца Израилалъул кIиабилеб телеканалалъе интервью кьолаго.
Обамал пикруялда, Ираналъе жеги лъагIел хIажалъизе буго атомияб ярагъ гIуцIиялде гIагарлъизе, амма Вашингтоналда ракIалда гьечIо гьеб гьелде гIагарлъизе тезе.
Обамал рагIабазда рекъон, израилалъул премьер Биньямин Нетаньяхугун гьес дандралел руго Ираналъул атомияб суал политикиябгун-дипломатияб куцалда рагIалде бахъинабизе ресал. Гьес гьенибго тIадеги жубана, дипломатиялъе икъбал щвечIони, цоги варианатазулги хал гьабизе бугин.