АрбагI къоялда вищарав Рималъул цIияв Папа Франциск хамиз къоялда щвана Рималъул аслиял базиликазул цояб Санта Мария Маджоре абулеб килисаялде.
Гьелда цебе арбагI къоялда Мунагьал гьечIев Пётрил майданалде вакIарарав аза-азар чиясда цеве вахъун гьес гьарун букIана гьезда жиндир рахъалъ дугIа гьабеян. Франциские интронизация гьабизе буго талат къоялда.
ЦIияв понтифик Аргентиналдаса 76 сон барав понтифик Хорхе Марио
Бергольо вуго Рималъул католикияб килисаялъул бетIерлъун вищарав Латиназул Америкаялдаса тIоцевесев чи ва тIоцевесев Папа-иезуит.
Гьесда цеве вукIарав папа Бенедикт XVI-билес гьеб тах тун букIана жиндиего бокьун февралалъул ахиралда унтун вукIиналъул гIиллаялда бан.