Индиялъул Джамму ва Кашмир штаталда Сринагаре абулеб регионалъул администрацивияб централда бугеб рагъулаб мархьиялде тIадекIанцIи гьабурав кIиго чи ва ва жеги щуго солдат чIван вуго. Полициялъ лъазабулеб буго анцIго чи лъукъун вугин. Зарал ккаразда гьоркьор руго гIадатиял гIадамалги хIукуматалъул рахъ кколел рагъухъабиги. Гьеб тIадекIанцIиялъул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо, амма щаклъи буго бакIалъул бусурбаби-сепаратистазда. Гьезда ва нухмалъиялда гьоркьоб конфликт Джамму ва Кашмиралда халат бахъунеб буго 1980-билел соназул ахиралдаса нахъе. Изну гьечIого яргъидгIуцIаразул рахъ кколеб букIиналъул гIайиб Индиялъ гьабулеб буго Пакистаналда. Исламабалъ гьеб кьварун нахъчIвалеб буго.