Китай, Иран, Сирия, Бахрейн ва Вьетнам руго тIадбан кибер-жасуслъи гьабулел улкабазул сияхIалда. Гьебги интернеталдаса дайда босулезда тIад контроль чIезабизелъун. Гьедин лъазабулеб буго «ГIурхъаби лъаларел репортёрал» идараялъ талат къоялда къватIибе кьураб докладалда. Гьелда тIадчIей гьабулеб буго бищунго кьварараб киберконтроль Китаялда букIиналде. Гьеб буго информациялда ва цIиял харбазда жидер хIаракатчилъи хурхарал гIадамал бищунго гIемер жанир тIамураб улкаги. Гьебго документалда абулеб буго Сириялда кибер-жасуслъиялъул рахъалъ президент Башар Асадил режимгун рекъон халтIулел компаниязул хIаракатчилъиялдалъун 22 журналистги 18 интернеталдаса пайда босулевги жанир тIамун ругин. Докладалъул автораз гьединго ракIалде щвезабулеб буго Ираналъ Тегераналъул контролалда гъоркь букIунеб бакIалъул интернет гьабулеб букIинги.