Каиралда ва мисралъул цогидал шьагьаразда шамат къоялда тΙоритΙун руго протесталъул акцияби. Гьел байбихьун руго улкаялъул диваналъ Порт-Саидалда араб соналда стадионалда низам хвезабиялъул гΙайиб гΙунтΙизабурав 2Ι си чΙваялъул хΙукму къотΙарабго.
Лъазабиязда рекъон, Аль Ахли абураб командаялъул рахъ кколез бухΙун буго футболалъул ассоциациялъул штаб-квартира. Порт-Саидалда протесталъул гΙахьалчагΙаз хΙалбихьун буго Суэцалъул къаналалдасахун гумузул хьвади чΙезабизе.
Цебесеб соналъул февралалда Порт-Саидалъул стадионалда ккун рукΙана тунка-гΙусиял бакΙалъулаб команда Аль Масри Каиралъул Аль Ахри абураб командаялдаса бергьун хадуб. Гьенив хун вукΙана 70-ялдасанги цΙикΙкΙун чи.