Узбекистаналъул нухмалъиялъ инсанасул ихтиярал цΙунулел харакатчагΙаздеги оппозициял журналистаздеги тΙадецуй халат бахъинабулеб бугин, лъазабулеб буго Human Rights Watch абураб халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъ.
Лъазабиялъул автораз Цолъарал штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керри ахΙулев вуго 12 марталда Вашингтоналда узбекистаналъул къватΙисел ишазул министр ГΙабдулазиз Комиловгун дандчΙвалеб мехалда, рагьараб къагΙидаялда Узбекистаналда инсанасул ихтиярал цΙуниялда сверун ахΙвал-хΙал квешлъулеб букΙиналда бан, ургъел ккун букΙин загьир гьабиялде.
Human Rights Watch гΙуцΙиялъ лъазабулеб буго Узекистаналъе бокьун бугин Афгъанистаналдаса нахъе рачунел америкаялъул рагъулазе нух кьеялъухъ, Вашингтоналъ инсанасул ихтиярал цΙуниялда сверун ругел проблемабазде берал къазейин.