Кореялъул бащдабчΙинкΙиллъиялда хΙалуццунеб ахΙвал-хΙалалъул фоналда, Шималияб Кореялъ хΙинкъаби кьолел руго тΙоцебе ядерияб ярагъулъул кьаби щвезабиялъул. АрбагΙ къоялда улкаялъул КъватΙисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна, Цолъарал штатал гΙагарлъун ругин ядерияб рагъ багъаризабиялдеян.
Гьелда бан Пхеньян хΙадураб бугин агрессорасул позициязда цебеккунисеб кьаби щвезабиялъул ихтияралдаса пайда босизеян. Гьелда цебеги Пхеньяналъ Кореялъул бащдабчΙинкΙиллъиялда америкаялъулгун Жанубияб Кореялъул ругьунлъиязде жаваб хΙисабалда лъазабун букΙана, 60 соналъ цебе Кореялъул рагъалъул хΙассилалда къабул гьабун букΙараб ракълилаб къотΙи-къаялдаса инкар гьабизе бегьулин.
Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул ХΙинкъигьечΙолъиялъул Мажлисалъ Шималияб Кореялда хурхараб резолюция къабул гьабун, хъачΙлъизарулел руго гьелде данде гьарулел санкцияби.