Ссылки для упрощенного доступа

ГIавухъаз жидерго тIалаб такрар гьабулеб буго


Шамат къоялдаса нахъе ЦIияб лак мухъалде унеб нухккун чIарал гIавухъаз жидер митинг ахир гьечIеб букIине бугин лъазабулеб буго. 1944 соналъ Казахстаналде гочининаризегIан, жидеца гIумру гьабун букIараб ГIавухъ мухъ цIидасан гIуцIичIони ва жал гочун хадуб магIарулалгун тумазе кьурал жидер ракьалги тIадруссинаризе гьечIони, жидеца нух рагьизе гьечIин абун чIун руго митингчагIи.

23 февралалдаса нахъе къасиги –къадги нухги ккун чIун ругел митингалъул гIахьалчагIи кIийиде рикьун руго МитингчагIазул штабалъул вакилзабиги, гIавухъазул диниял церехъабигун, Дагъистаналъул халкъияб мажлисалъул депутатазул данделъиялдаса хадуб гьез хIукму къотIана гIавухъазул масъалаби тIуразе пачалихъалъул вакилзабазе кIиго моцI кьезе.

26 апрелалда лъагIан митинг лъугIизе тезе ва гьеб къоялде гьезул суал тIубачIони гьеб мехалъ байбихьизе лъугIи гьечIеб митинг, амма митингалъул гIемерисел гьеб хIукмуялда разилъичIо, цIакъго разилъи гьечIолъи бихьизабуна гIолилаз. Жал тIокIал лъиданиги божуларин, жидеда чIалгIанин жал махсаруде кквей, жидее хIасил къваригIун бугин абулеб буго гIолилаз.

Митингалъул штабалъул нухмалъулев Рамзан Хизиевас Эркенлъи радиоялъе бицана митинг ракIалдаго гьечIого тIобитIанин, гьелде церехун хIадурун рукIинчIин. Митинг унеб бугеб лъабго сордо-къоялда жанир жалгун дандчIвазе цониги Дагъистаналъул пачалихъалъул вакил вачIинчIин, жидер ургъелго гьечIин тIадлъиялъеянги тIаде жубана штабалъул нухмалъулес.

Рамзан Хизиев: «Щибаб соналъул 23 февралалда чачан халкъ гочинабиялда хурхун нижеца тIобитIула митинг. Исана гьеб митингалдаса хадуб ракIалдаго гьечIого халкъ нух къазе рахъана. Гьелде гьабураб хIадурлъиги щибниги букIинчIо. ГIолилазда чIалгIун буго 69 соналъ гьел махсароде кквей. I957 соналъ Никита Хрущевас хъван букIана репрессиязде ккараб халкъазе реабилитация лъазабураб буюрухъ.

1991 соналъул 26 апрелалда доб мехалда улкаялда букIараб ТIадегIанаб Шураялъ бахъун букIана репрессиязде ккарал халкъазул хIакъалъулъ къанун. Гьелдаса хадуб I99I соналъул сентябрь моцалда Дагъистаналъул халкъиял депутатазул данделъиялда хIукму къотIун букIана ГIавухъ мухъ цIидассан гIуцIизе.

Жакъа къоялде цониги гьеб хIукму тIубазабулеб гьечIо. Лъабго сордо-къоялъ квачан, риччун, гьанир рахъун чIун руго гIолохъаби, амма жеги цониги тIадлъиялъул вакил нижгун дандчIвазе вачIинчIо. Ниж Дагъисталда гIумру гьабун гьечIел чагIилъун рикIкIунел руго гьез».

Митингалъул гIахьалчи, тарихалъул мугIалим ХIамид ГIумаровас абулеб буго жал ругин цохIого –цо жидерго мухъ гьечIеб дагъистаналъул халкъ. Жидедаса чанго нухалъ рикIкIендагьал дагъистаналъул халкъазул ругин районалин.

ХIамид ГIумаров: "Дагъистаналда гIумру гьабун руго 150 000 цIикIкIун гIавухъав. Дагъистаналда руго чанго нухалъ нижедаса рикIкIен дагьал халкъал, амма гьезул 2-3 ниги мухъ буго, амма нижер ГIавухъ мухъ цIидасан гIуцIулеб гьечIо. Халкъ къватIибе бахъиналъе цоги гIиллалъун ккана гъоркьисала декабралда Дагъистаналъул президентлъун вукIарав МухIамадсаламилгун букIараб пресс-конференциялда, гьес ГIавухъ мухъ кIиго соналдасан гурони гIуцIизе гьечIин аби.

Чанго соналъ цебе нижер халкъалъул вакилзабазулгун дандчIваялда гьес абун букIун буго 2013 сон нижер суал тIубазе бугилан. Гьелда цин бахъана халкъалъул, нижер гIадамаз гIумру гьабун бугеб 58 росулъ тIоритIана данделъаби, халкъалъ гьикъулеб букIана щайин ракьал тIад руссинариялъул суал гьанжеги нахъбахъизе кколебин»

Тарихчи ГIумаровасул рагIабазда рекъон, гьесухъ буго Дагъистаналъул прокуратураялъ, юстициялъул министерлъиялъ, тIадегIанаб диванханаялъ кьурал ГIавухъ мухъалъул цIар ЦIияб лакалде хисеян хъвараб хIакъикъияб гурин чIезарурал документал.

Тарихчи ГIумаров: «Прокуратураялъ, юстициялъул министерлъиялъ ва тIадегIанаб диванханаялъ гьеб буюрухъалъул юридикияб къуват гьечIин чIезабидал щайха нижер мухъ нахъ буссинабулареб, щай нижер росабазе цере гьезда рукIарал цIарал тIадрусснируларел. Кин гьеб мухъ гIуцIилебин абун бахIсал руго чанги, дир пикруялда рекъон, I944 соналде щвезегIан рукIарал гIорхъабигун гIуцIизе кола ГIавухъ мухъ»

Митингалъул гIахьалчи 83 сон барав Хасавюрт мухъалъул Новосельское росулъа ГIали Халаевас Эркенлъи радиоялъе бицана жал кире хъвадараниги хIасил кинабниги кколеб гьечIилан.

ГIали Халаев: «Дица нижер халкъалъул масъалабазулги захIмалъабазулги хъван чанго нухалъ кагътал ритIана Россиялъул президент Владимир Путинихъе, гьенисан дие жаваб бачIана жидеца дур кагъат республикаялъул тIадлъиялъухъе битIанилан, амма гьенисанги цониги нухалъ жаваб бачIинчIо ва дир хъвадариялъул кинабниги хIасил ккечIо. Дица рикIкIуна цебе букIарабги гьанже бугебги Дагъистаналъул тIадлъи нижеде дандечIчIун бугин».

ЦIикIкIарал чагIаз, диниял чагIаз, депутатазгун хIакимзабаз рокъоре айилан абуниги митинг гьоркьоса къотIизе тезе гьечIин чIана гIемерисел гьелъул гIахьалчагIи. Цересел къояз гIадин гIемер чи гьечIониги нолъги жакъаги митингаллъул гIахьалчагIи гьениса нахъе инчIо. Сон митингалъулъ гIахьаллъи гьабуна 1500-гIан чияс.

Гьеб тадбир берцинго гIадлуялда унеб букIана. Полициялъул хIалтIухъабазда цадахъ гIадлу цIунун рукIана митингчагIазул хасаб къокъаги. Киналго кIалъазе рахъараз бищун цебе гьарулеб букIана гIадлу цIунеян, киналго суалал ракълилаб къагIидаялда тIоритIизе кколин. МитингчагIаз къотIи гьабуна гIагарал къоязда заманаялъ Дагъистаналъул президентасул хъулухъал тIуралев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе хитIаб гьабизе ва гьсулгун данчIваялъе жидерго церехъабазул къокъа гIуцIизе. Гьесулгун дандчIвай тIалаб гьабулебги буго гIавухъаз.

23 февралалдаса нахъе ЦIияб Лак мухъалде унеб нухги ккун чIун ругел гIавухъаз митинг 2 моцIица гьоркьоб къотIизе тана. Гьеб заманалда жаниб тIалъиялъ жидер суал тIубачIони жал 2013 соналъул 26 апрелалда дагьабги цIикIкIараб къадаралда халкъги бакIарун ахир гьечIеб митингалде рахъине ругин лъазабулеб буго гIавухъаз.

МитингчагIаз аслияб къагIидаялъ тIалаб гьабулеб буго 1944 соналда Казахстаналде гочинаризегIан жидехъ рукIарал ракьалги тIадруссинареян ва жидеца гIумру гьабун букIараб ГIавухъ мухъги цIидасан гIуцIеян.

Лъабго сордо-къоялъ гьоркьоса къотIизе течIо гIавухъаз митинг. Цересел къоязги гIавухъазул диниял церехъабазги, Дагъистаналъул халкъияб шураялъул депутатазгун цогидал хIакимзабазги рокъо-рокъоре айилан абуниги митингчагIаз гьезул рагIухъ гIинтIамун букIинчIо.

Митингалъул штабалъул нухмалъулев Рамзан Хизиевас бицухъе талат къоялъул къаси чIахIиязда кIун буго митингалъул гIахьалчагIи кIиго моцIалъ митинг лъугIизе тезе мукIур гьабизе.

Рамзан Хизиев: «Халат бахъараб гара-чIвариялдаса хадуб, 26 февралалъул къаси, нижеда кIвана, кIиго моцIалъул болж тIадлъиялъеги кьун, гIолохъаби митинг гьоркьоб къотIизабизе мукIур гьаризе. КигIан бокьичIониги гIолилал гьелда разилъана, чангияз гьеб бадиб магIуги хулун гьабуна. Гьебго сордолъ нижедаго хадуб кинабгоги бакIарун нижеца нух рагьана. Амма 26 апрелалде щвезегIан нижер суалалгун масъалаби тIурачIони дагьабги гIемераб халкъги бакIарун, ахир гьечIеб митинг тIобитIизе буго нижеца».

Хизиевас гьединго бицана жиндихъе щварал баяназда рекъон гьесдаги ва цоги чанго митингалъул жигарал гIахьалчагIаздаги хурхун уголовиял ва административиял ишал гьарун ругилан.

Рамзан Хизиев: «Дихъе щварал баяназда рекъон дида, ва цоги чанго митингалъул жигарал гIахьалчагIзда хурхун, тIадлъиялъ разилъи кьечIеб митинг гьабунилан, уголовиял ва административиял ишал гьарун рагIула. Къуваталъул идарабазул хIалтIухъабахъ митингалда нижер хIаракатчилъи бихьизабулел суратал ва видеоги рагIула. Ниж Жеги официалияб хIалалъ кирениги ахIичIо, нижеда лъан цониги цIех-рехалъул тадбирги нижеда хурхун гьабулеб гьечIо.

Жакъа радал телефоналъ дихъе ахIун бачIана ЦIияб Лак мухъалъул полициялъул нухмалъулес. Жиндие мунгун кIалъазе къваригIун бугин вукIана гьев. Дица дун МахIачхъалаялда вугин гьабсагIат регIун гьечIин абуна гьесда. Щибизе къваригIун вугевин цIехедал гьадинго цо гIиси-бикъинаб суалалъ вукIани ахIулебилан абуна гьес».

Гьесул рагIабазда рекъон митингалъул цониги гIахьалчиясда хурхун уголовияб иш байбихьани гIавухъаз дагьалги цIикIкIун гIадамалги ракIарун ахIи-хIур бахъизабизе буго.

Рамзан Хизиев: «ЧIахIиял чагIаз рокъо-рокъоре аяан гIолилал мукIур гьарулеб сордоялъ, гьезие суал кьун букIана, цосина цониги гIахьалчиясда хурхун уголовияб цIех – рех байбихьани щибин гьабизе бугебилан. Гьеб мехалъ чIахIияз лъазабуна чанго нухалъ цIикIкIун халкъги бакIарун дагьабги кIудияб ахIи-хIур бахъинабилилан. Мажгитаздасанго гIадамал къватIире рахъинарилин жидецайилан».

Митингалъул гIахьалчагI абулеб буго гьел къватIире рахъун рукIаралщинал къояз цониги Дагъистаналъул тIалъиялъул вакил жалгун дандчIвачIин, амма чачаназул муфтияс дандчIваялде ахIун анин жидер гIолохъабиян. Гьеб дандчIваялда кинал суалал рорхарал ва щиб хIасил ккарабали гьел гIолилал тIадруссинчIого лъаларин абулеб буго гIавухъаз.

МахIмудова ПатIимат, журналист.
XS
SM
MD
LG