Ссылки для упрощенного доступа

Медициналъе квер-бакъиялъе цlияб премия


«ГIумруялъе гьабураб цебетуркIиялъухъ» ай Breakthrough Prize for Life абулеб фондалъул премия кьун буго медициналъул рахъалъ инсанасул гIумруялъе кIвар кIудиял хIалтIаби гьарурал дунялалъул 11 гIалимчиясе. Гьезул щивасе щун буго лъаб-лъа млн. доллар ва гьеб гIарцул къадар кIиго нухалда цIикIкIараб буго Нобелил премиялдаса.
«ГIумруялъе гьабураб цебетуркIиялъухъ» фонд гIуцIулеб букIиналъул лъазабун букIана талат къоялда дунялалдаго машгьурал бизнесчагIазул къукъаялъ. Гьел ккола Mail.Ru Groupалъул хважаинзабазул цояв Юрий Мильнерги, Google гIуцIаразул цояв Сергей Бринги, Facebookалъул хважаин Марк Цукербергги. Гьеб фондалъул мурад буго инсанасул гIумру халат гьабулел ва захIматал унтабаздаса дараби ралагьулел гIелмиял хIалтIабазе квар-бакъи гьаби. Хадубги фондалда ракIалда буго щибаб санайил щу-щу премия кьезе. Гьелъул щибалъул къадарги букIине буго лъабго млн. доллар.
XS
SM
MD
LG