Сириялъул тахшагьар Дамаск бакьулъ автомашина кьвагьизабиялъул хIасилалда хун вуго 30ялдаса цIикIкIун чи. Гьедин лъазабулеб буго оппозициялъул вакилзабаз. Кьвагьи ккун буго нухмалъиялда бугеб «Баас» партиялъул аслияб офисалда аскIоб. Пачалихъиял информалатаз кьвагьиялъул жавабчилъи лъун буго «террористиял къукъабазда тIад». Гьедин абула нухмалъиялъ Башар Асадил режималъе кIиго соналъ дандечIей гьабун ругезда.
Хамиз къоялда гьединго лъана Сириялъул оппозиционияб коалициялда улкаялда рекъел чIезабиялъул мурадалда ракълилал къотIи-къаял гьаризе ракIалда букIиналъулги. Оппозициялъул коммюникеялда абулеб буго гьел кIалъа-ралъаял байбихьилалде цебе Сириялъул президент хъулухъалдаса нахъе ине кколин.