Ссылки для упрощенного доступа

Сербия-Косово кIалъа-ралъаял


Европалъул Цолъиялъул гьоркьохъанлъигун жидерго кIалъа-ралъаял цIи гьаруна арбагI къоялда Сербиялъул ва Косовоялъул премьер-министраз.
Брюсселалда талат къоялда Косовоялъул премьер Гьашим Тачида ва сербиялдаса гьесулго коллега Ивица Дачичида гьоркьор рукIарал кIалъа-басаязул щибго лъазабулеб гьечIо. Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялда сверун идараялъул бетIер Кэтрин Эштонгун дандчIвалелде цере кIиявго премьерас цоцалъ щиб бицарабали лъазабулеб гьечIо. Амма цо-цо баяназда рекъон, гьез гьоркьор лъун рукIана Косовоялда ругел 120 000 этникияв сербасе нухмалъи гьабиялъул суал. Гьеб буго Сербия-Косово диалогалъул щуабилеб раунд. Белградалъ инкар гьабулеб буго щуго сон цебе гьелдаса батIа тIун чIараб Косово лъидаго бачIеблъун рикIкIине. Амма гьедин букIаниги бицен гьабулеб диалогалда гIахьаллъулеб буго Сербия Евроцолъиялде лъугьине мурадгун.
XS
SM
MD
LG