Брюсселалъул аэропорталда итни къоялъул къаси рикъун руго 50 млн. долларалде багьа бахунел бриллиантал. Талат къоялда аэропорталъул вакилзабаз лъазабуна цIогьаз аэроплан чIолеб бакIалде ине аэропорталъул чали къотIун бугин ва Швейцариялде боржине кколеб аэропланалъул багаж букIунеб бакIалдаса бриллиантал жанир рукIараб къвачIа бикъун бугин.