Ссылки для упрощенного доступа

Армениялда президентасул рищиязда Саргсяние щун буго 58%


Европалъул Цолъиялъул Парламентияб ассамблеялдаса (ПАСЕ) халкъаздагьоркьосел тохалчагIаз рикIкIунеб буго Армениялда гьанже рукIарал президентасул рищиял цере рукIараздаса лъикI анилан. Гьебго заманалда гьез кIвар буссинабулеб букIана хIакъикъияб къец гьабизе гьезда рес букIинчIолъиялде.
ТохалчагIазул лъазабиялда абулеб буго гIемерал оппонентаз инкар гьабунин рищиязда гIахьаллъизе президент Серж Саргсянил рахъалдехун фальсификациял гьариялъукьа хIинкъиялъин.
Официалиял цересел баяназда рекъон, Саргсян бергьун вуго рищарухъабазул гьаркьазул 58 процентги щун. Гьесул аслияв дандияв «Ирс» абулеб оппозиционияб партиялъул лидер Раффи Ованнисяние щун буго гьаркьазул 37 процент. Талат къоялда лъана оппозиционияв лидерасул гьариялда рекъон, гьесул рукъалда аскIор сордо-къоялъ хъваравуллъи чIезабун буго полицияз.
Полициялъ хал гьабулеб буго Ованнисание ва президентлъиялде цоги кандидатазе рищиязул къо 18 февралалда хIинкъаби кьолел рукIанин абураб информациялъул.
XS
SM
MD
LG