Ссылки для упрощенного доступа

Москваялда маялъул байбихьуда тΙобитΙизе буго оппозициялъул акция


Россиялъул ооппозициялъул координациялъул мажлисалъ шамат къоялда хΙукму гьабуна цебесеб соналъул маялъул байбихьуда Москваялда Болотная майданалда букΙараб маршалъул сон тΙубаялда хурхараб гΙемер гΙадамал гΙахьаллъараб юбилеялъул тадбир тΙобитΙизе.

Гъоркьиса 6 маялда нухмалъиялъ изну кьураб «Миллионазул марш» цо-цо бакΙазда буссана полициялъулгун тунка-гΙусиялде. Гьелда бан рагьана такъсириял ишал. Гьелде гΙахьаллъи букΙун ккуразде данде хΙалтΙизабуна гΙемер халкъ гΙахьаллъараб низам хвезабиялъул акциялде ахΙиялъул гΙайиб. Гьединал гΙайибал гΙунтΙизаруна 17 чиясде.
XS
SM
MD
LG