Ссылки для упрощенного доступа

Конституциялъул диваналда митингалъул къанун хъачΙаблъун бихьулеб буго


Митингазда низам хвезабиялъухъ гΙахьалчагΙазда ва гьеб гΙуцΙаразда кьабулеб минималияб гΙакΙа Россиялъул Конституциялъулаб диваналъ риккун буго цΙакъго хъачΙаблъун.

Бицен гьабулеб буго гражданаздаса 10 азарго гъурущ ва хъулухъчиясдаса 50 зарго гъурущ бахъиялъул. Диваналъул хΙукмуялда абухъе, гΙакΙаялъул тΙасияб гΙорхъи данде кколеб буго конституциялде, амма гьединаб тамихΙ къотΙизе бегьула, минималияб гΙакΙаялъ къанунал хвезарунгутΙиялъе кумек гьабулеб гьечΙони.

Валерий Зорькинил нухмалъиялда гъоркь диваналъ гьоркьоб лъолеб букΙана «Другая Россия» багъа-башариялъул лидер Эдуард Лимоновасул гΙарза ва депутатазул къокъаялъул къагъат. Гьез гьарун букΙун буго ахирисеб заманада кΙудияб резонанс багъаризабурал митингазда хурхарал къануназул хиса-басиязул хал гьаби.
XS
SM
MD
LG