Хамис къоялда Тегераналъ лъазабуна Ливаналда хΙалтΙулев вукΙарав кΙудияв хъулучи ХΙасан Шатери чΙваялъул хΙакъалъулъ.
Исламияб революциялъул хъаравулзабазул информациялда рекъон, Шатери чΙван вуго Дамаскалдаса Бейруталде нахъ вуссунеб мехалда. Ливаналъул «Аль-Сафир» газетаялъ хъвалеб буго, Сириялда ХΙасан Шатери щванин Алеппо шагьаралде. Гьениб гьес лъай-хъвай гьабунин тунка-гΙусиязул хΙассилалда риххарал авалал цΙигΙуцΙиялъул проектгунин.
Иран риккунеб буго ливаналъул шиитазул «Гьезболла» абураб радикалияб къокъаялъул рахъ кколеб улкалъун. Тегераналъ гьединго сириялъул жанисеб конфликталда рахъ кколеб президент Башар Асадил хΙукуматалъул.