Шималияб Кореялъ ядерияб яргъил хΙалбихьи гьабиялда бан Цолъарал штатазул президент Барак Обамаца лъазабуна, гьеб кколин провокациялъул кΙудияб галиян ва гьелъ кинниги улкаялъул хΙинкъигьечΙолъи щулалъизабуларин.
Обамаца халкъазда гьоркьосеб жамгΙият ахΙана Кореялъул бащдабчΙинкΙиллъиялда парахалъи хвезабулеб Пхеньяналъул хьвада-чΙвадиялъе нахъ тΙамичΙого эффективияб къагΙидаялда жидерго бербалагьи загьир гьабиялде.
Шималияб Кореялъ тасдикъ гьабуна, улкаялъул шималиябгун машрикъалъул рахъалда бугеб полигоналда ядерияб хΙалбихьи букΙине колеб къагΙидаялда тΙобитΙи.
Россиялъул специалистаз риккунеб буго, ракьда гъоркь гьабураб кьвагьиялъул къуват букΙанин 7 килотоннаялда цΙиккун.
Ядериял хΙалбихьялъул гьукъиялъул гΙуцΙиялъул загьир гьабуна Пхеньяналъ гьарулел галабаз ургъел ккезабун букΙин.. Гьелъул лъазабиялда рекъон, гьеб кколеб рагΙула 2006 соналда Шималияб Кореялъул лъабилеб ядерияб хΙалбихьи.
Лъазабиязда рекъон, Цолъарал штатаз, Жанубияб Кореялъ ва Евроцолъиялъул улкабаз жидерго гьаракь кьолеб буго Шималияб Кореялде данде цΙиял халкъазда гьоркьосел санкцияби гьариялде. Пхеньяналде данде жидерго санкцияби гьариялъул суал гьаркьоб лъолеб буго Япониялъги.