Ираналъул хасал хъулухъаз ккун йиго улкаялъул президентасул хъулухъалде кандидатлъун вукΙарав оппозициялъул лидер Мир ХΙусен Мусавил кΙиго яс.
Парижалда ахирисесул вакилас лъазабухъе, итни къоялъ радал хасал хъулухъалъул хΙалтΙухъабаз чΙухь бан буго Тегераналда ругел Наргизил ва Загьрал рукъзабахъ ва гьел аресталде гъоркье росун руго. Кир гьел ясал ругалали гьанжеги лъалеб гьечΙо.
2009 соналъул президентасул рищиязда кандидаталъун вукΙарав Мусавица ва гьесул кколелега-реформист Магьди Каррубица кΙиабилеб болжалалъги президентасул хъулухъалде унев МахΙмуд АхΙмадинежадил рахъалде гΙайиб гΙунтΙизабуна, гьаркьал кьолеб мехалда махинацияби гьариялъул.
Гьез Тунисалда ва Мисриялда революция гьабулезул рахъ кквеялде гΙадамал ахΙун хадусан, гьел хутΙулел руго рукъалъулаб аресталде гъоркь.