Ссылки для упрощенного доступа

Афгъанистаналда кIиго кьвагьиялъ ана 7 гIумру


Афгъанистаналъул Гильмент провинциялда ккараб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго анкьго чи.
Ханашин абулеб мухъалда рузман къоялъул къаси минаялде тIаде ккун кьвагьун буго цо хъизамалъул ункъго чиги гьеб бачунев чиги жаниб букIараб автомашина. Гьел киналго хун руго. Гьеб кьвагьиялъул жавабчилъи мухъалъул бетIерас тIалибазда тIад лъолеб буго.
Гьебго къоялъ Муса Гала абулеб мухъалда кьвагьун буго жанир кIиго полицияв вукIараб автомашинаги.
XS
SM
MD
LG