Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул суалазда сверун экспертазул къукъаялъ Израилалде гьабулеб буго жидеца оккупация гьабурал Палестиналъул ракьаздаса киналго жугьутIал нахъе рачеян ва гьенир бакIал раялъул хIалтIаби чIезареян ахIи.
Хамиз къоялъ къватIибе кьураб докладалда гьез Израилалда гьабулеб буго халкъаздагьоркьосел ихтиярал хвезариялъул гIайиб.
Гьеб документалъе комментариял кьолаго Израилалъул нухмалъиялъ лъазабуна гьел хIасилал цо рахъалъулал ругин ва ГIагараб Машрикъалда рекъел гьабиялъул процессалъе гьелъ квал-квал гьабизеги рес бугин.