Ссылки для упрощенного доступа

Мисралъул партияз зулмуялдаса инкар гьабулеб буго


Мисралъул цересел партияз гьабун буго зулмуялдаса инкар гьабураб къотIи-къай.
Президент МухIамад Мурсил рахъ кколеб «Вацал-бусурбаби» багъа-башариялъул нухмалъиялъул ва диниял гурел оппозициониял партиязул лидеразул данделъи гIуцIун букIана АхIмад аль-ТIайеб абулев шайихас. Гьев вуго исламалъул асар кIудияв хIаракатчи, Аль-Азхар университеталъул ректор ва Аль-Азхар мажгиталъул имам.
Цебесеб къоялъ оппозициялъул лидеразул цояв МухIамад эль-Барадейица миллияб рекъел гьабиялда сверун хехал кIалъа-ралъиязде ахIи балеб букIана гьебги улкаялда бугеб политикияб кризисалдаса рорчIизелъун.
Мирсалда араб рузман къоялдаса нахъе президент Мурсиде данде халат рахъунел протестазул акциязда хун вуго 60ялдаса цIикIкIун чи. Лъабго шагьаралда лъазабун буго гъорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъул низам.
XS
SM
MD
LG