Мисралъул рагъулал къуватазул нухмалъулев ва гьебго заманалда улка цIуниялъул министр ГIабдул ФатахI аль-Сисица рикIкIунеб буго гьанже бугеб политикияб кризис халат бахъани, улка бикьиялъул хIинкъи бугин.
Генераласул рагIабазда рекъон, рагIалде рахъунел гьечIел политикиял гурелги, социалиял ва экономикиял проблемабазул «хIинкъи буго улкаялъул цолъиялъе». Министрас гьедин абуна рагъулаб академиялъул курсантазда цеве кIалъалаго.
Ахирал къоязда президент МухIамад Мурсил рахъ кколезда ва гьесде данде ругезда гьоркьор рукIарал тунка-гIусиязда хун вуго 50-ялдаса цIикIкIун чи.
ГьатIан къоялда Мурсица 30 къоялъулаб гъорхъолъа борчIараб ахIвал-хIал лъазабун букIана лъабго шагьаралда- Порт-Саидалда, Суэцалда ва ИсмагIилиялда. Гьебги хвезабун оппозициялъ итни къоялъул сардилъги дандечIеялъул акция халат бахъинабулеб букIана. Лъазабулеб буго Каиралда рукIарал тунка-гIусиязулги. Оппозициялъ Мурсида ва гьесул рахъ кколезда гIунтIизабулеб буго революциялъул идеябазе хилиплъиялъул гIайиб