Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналъул нухмалъулесда сверун хIаял


Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсалам болжал щвелалдего хъулухъалдаса нахъе унев вукIиналъул харбазул цIун буго республика. Амма гьелда бан гьабулеб официалияб жаваб гьечIо.

Дагъистаналъул нухмалъулесул официалияб сайталда буго МухIамадов гIахьаллъун вугин 18 январалда Россиялъул хIукуматалъул нухмалъулев Дмитрий Медведевас тIобитIараб видеоконференциялда.

МухIамадов МухIамадсалам хъулухъалдаса вахъулев вукIиналъул харбал раккана 17 январалъул радалго. Абулеб буго гьесул бакI хисун гьабсагIаталда Пачалихъияб Думаялда вугев депутат Рамазан ГIабдулатIипов толев вугилан. Гьел харбал харбаллъун толел рукIана цо-цояз.

Амма къадеялдехун твиттералде рехун бачIана гьебго Думаялъул депутат Александр Хинштейнил информация. Гьаб гIагараб заманалда жаниб Шималияб Кавказалъул нухмалъулев болжал щвелалдего хъулухъалдаса гIодов чIезе рес бугин хъвалеб бугоан гьес.

Фейсбукалда гьоркьоб лъун букIана гьеб. Ахирги Карачаялъулгун Черкессиялъул яги Кабардагун Балкариялъул нухмалъулел ратилин гьелин хъвадаризе байбихьана фейсбукалда Дагъистаналъул нухмалъулесде гьетIи бугел журналистал ва цогидал.

Гьедин Москваялда ругел рагIи билълъарал дагъистаниязде мугъчIвайги гьабун гIадамаз бицунеб буго гьанжегIагар Россиялъул президент Владимир Путиница МухIамадсалам МухIамадовасда абун бугин дуего бокьун нахъе унев вугилан гIарза хъвайилан.

Цогидаз бицунеб буго Путиница Рамазан ГIабдулатIиповги ахIун вукIун вугин, гьез гьесда тIадкъан рагIулин рищиял гьаризегIан Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе. ЛъаратIа мухъалъул администрациялъул хъулухъчи ГIалибег ГIалиев ккола Рамазан ГIабдулатIиповасул кумекчи. Гьес ЭР-ялъе тасдикъ гьабичIо гьеб хабар.

ГIалибег ГIалиев: "Иш гьединисан ккани, Дагъистаналъеги гьелъул халкъалъеги гIезегIан лъикI букIинаан. Амма гьединаб президентаслъидалха гьабулеб, гьесул хIукму бихьичIого щибин абилеб. Дагъистаниязе бокьула гьединал харбал риччазе".

Интернеталдаги цогидаю бакIалдаги гIемер бицунеб буго 18 январалъул къаси яги 21 январалда Халкъияб Мажлисалъул иргадулаб гуреб сессия тIобитIизе бугилан. Амма жинда гьелъул хIакъалъулъ лъалеб жо гьечIин абуна ЭР-ялъе гьеб идараялъул пресс-централъул хIалтIухъан Ильмар ГIабдулаевас.

Ильмар ГIабдулаев: "Нижеца сессия тIобитIулеб гьечIо. Гьаб щиб нужее жакъа ккараб жогIаги - сессия букIине бугищ гьечIебищилан ахIдолел руго радалалдаса нахъе. ЧIалгIана дида нуж... Республикаялъул нухмалъулев нахъе вахъулев вукIиналъул дида лъалеб щибниги жо гьечIо".

МухIамадовги цIунун гьал къоязда Халкъияб Мажлисалъул депутатаз Путинихъе кагъат хъвазе букIиналъул баянги буго. Амма живго МухIамадов гьелда рази гьечIин бицунеб буго.
XS
SM
MD
LG