Ссылки для упрощенного доступа

Пакистаналъул премьер-министр жеги ккун гьечIо.


Пакистаналъул коррупциялде данде къеркьолеб идараялъул тIадегIанаб даражаялъул хъулухъчияс инкар гьабун буго премьер-министр Первез Ашраф кквеялдаса.

Дагьалъ цебе улкаялъул ТIадегIанаб Диваналъ гьадинаб хIукму гьабун бугоан.

Контроль гьабулеб Миллияб бюроялъул бетIер ФасихI Бохарица гьелда бан абуна жеги цудунго бугин премьер-министр кквезеин. Щай гурелъул гьабсагIат къанунияб кьучI гьечIелъул ва гьеб гуребги премьер-министрасул гIайибазе далилал ратизе кколелъул.

Пакистаналъул премьер-министрасде гIунтIизабулеб гIайиб – ришватал роси. Амма гьес гьеб нахъ чIвалеб буго.
XS
SM
MD
LG