Сириялъул Хомс шагьаралда гьаб анкьалда хIукуматалъул аскарияз жеги 106 чи чIвана. Цо-цоял рухIизарун рукIун руго. Гьадин лъазабулеб буго Британиялда чIей гьабулеб Сирялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб къукъаялъ.
Гьеб зулму гьабун бугин Басатин аль-Хасавийа абулеб шагьаралде гьужум гьабулеб мехалда. Ихтиярал цIунулел хIаракатчагIаз абулеб буго Башар Асадил къуватаз бакIалъулал гIадамазе гьадинаб жаза гьабун бугин гьез Сириялъул Эркенаб Армиялъул рагъухъаби шагьаралде риччан рукIиналъухъ.
Хамиз къоялъ Сириялъул авиациялъ Димишкъиялде гьабураб гьавадул кьабиялъул хIасилалда 11 чи чIван вуго.