Пакистаналда аза-азар чияс гIахьаллъи гьабулеб буго коррупциялде данде гIуцIараб разилъи гьечIолъиялъул маршалъулъ. «Демократиялъул къапила» ян абулеб гьеб тадбир гIуцIана кIудияб асар бугев бусурбабазул рухIанияв ТIагьир-улъ Гъадрица.
Хьвади байбихьана Лахор шагьаралда, дораса гIахьалчагIи Исламабадалде ана. ТIагьир-улъ Гъадрица тIалаб гьабулеб буго рищиязул системаялда реформаби гьари.
Пакистаналъул тIадтараз гьесде гIунтIизабулеб буго исана рукIинесел гIаммал ришиязе квалквал гьабиялъул гIайиб.