Африкалъул магърибалъул рахъалда бугеб Малиялъул хIукуматалъ Франциялда ва Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда гьарулеб буго улкаялда ругел экстремистазе дандечIей гьабизе хехаб кумек.
Хамиз къоялда букIараб иргадулаб гуреб данделъиялдаса хадуб Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъ хIадур гьабураб лъазабиялда абулеб буго Франциялъул колониялъул букIараб Малиялда ахIвал-хIал цинтIаго квешлъун бугин ва дунялалъего гьелъул хIинкъи бугин. Гьеб документалда кIудияб гIагали загьир гьабулеб буго дагьаб цебегIан экстремистаз Конна шагьар кверде босун букIиналда банги.
Араб соналъул декабралда рехсараб ГIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъ санкция кьун букIана африкалъул халкъаздагьоркьосел къуватал гьенире лъугьиналъе. Гьебги исламистал ва дандечIей гьабулел туарегал Малиялъул шималияб рахъалдаса нахъе хъамизе. Гьел гьенир щулалъун рукIана араб соналъул марталда улкаялда рагъулаз нухмалъи реххун хадуб.