Ссылки для упрощенного доступа

Сердюковас нахъе инкар гьабун буго ЦIех-рехалъул комитеталъул суалазе жавабал кьезе


Россиялъул улкацIуниялъул министрлъун вукIарав Анатолий Сердюковас рузман къоялдаги инкар гьабуна «Оборонсервис» компаниялда махинациял гьариялъул ишалда сверун сурав босулезул суалазе жавабал кьезе.
Гьедин лъазабуна ЦIех-рехалъул комитеталъул вакил Владимир Маркиница. Гьесул рагIабазда рекъон, Сердюковас мугъчIвай гьабулеб буго конституциялъул 51-билеб статьялда. Гьелда рекъон, чиясул ихтияр буго жиндего данде нугIлъи гьабунгутIизе. Маркиница гьединго абуна Сердюковас тIаса бищараб нух къануналде данде кколин, амма цIех-рехчагIазул «гIажаиблъи гьабизе бачIунеб бугин» гьесул тIасабищиялдайин.
Маркиница гьединго лъазабуна экс-министрас гьарулеб букIанин гьеб ишалде гъорлъе гьес цереккун хIадурарал кагътал росизе. Гьезда хъвалеб бугин рагъулаб идаралъул буголъи бикьа-биххиялъе рукIарал гIиллабазулин.
Сердюковасул адвокат Генрих Падваца абуна экс-министрас цо-цо суалазе жаваб кьезе гурони инкар гьабичIин.
ТIоцебесеб нухалда цIех-рехалъул комитеталде Сердюков ахIун вукIана 28 октябрялда. Гьеб мехалдаги адвокат унтун вугин абун гьес инкар гьабун букIана суалазе жавабал кьезе.
XS
SM
MD
LG