Туркиялъул рагъулаз чΙван вуго курдазул сепаратистазул 12 чи. TRT абураб телеканалалъул лъазабиялда рекъон, яргъид гΙуцΙараб къокъаялъулгун тунка-гΙуси ккун буго, гьелъ гΙиракъалъул гΙорхъида аскΙоб рагъулазул посталде тΙаде кΙанцΙизе хΙалбихьараб мехалда. Рагъулазузул камиязул хΙакъалъулъ щибниги лъазабулеб гьечΙо.
Гьеб тΙадекΙанцΙи гьабун буго туркиялъул нухмалъиялъ туснахъалда вугев гьукъараб Курдазул захΙматалъул партиялъул лидер ГΙабдула Оджаланильгун тΙоритΙулел кΙалъа-басаязде балагьичΙого. Гьел кΙалъа-басаязул мурад рагΙула 28 соналъ туркиялъул нухмалъиялдаги курдазул сепаратистаздаги гьоркьоб унеб аза-азар чиясул гΙумру бахъараб конфликт чΙезаби.