Сириялъул оппозициялъ какана президент Башар Асадица ахираб кIиго моцIалда жаниб гьабураб тIоцебесеб калам. Асадица загьирабуна жиндирго план - улкаялда бугеб кризис рагIалде бахъинабиялда хурхараб. Амма оппозициялъул хIисабалда гьеб планалъ, гIаксалда, ахIвал-хIал жеги хIалуцинабизе буго.
Британиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ Башар Асадил планалда абулеб буго гьеб унго-унгояб кIигьумерлъи бугин.
ГьатIан къоялъ телевидениялдаса халкъалде хитIаб гьабулаго Сириялъул президентас абуна хIажатаб бугин цIияб конституциялъул проект хIадур гьабизе.
Цого мехалъ Башар Асадица абуна жив хIадурав вугин жинде данде чIаразулгун диалог гьабиялде, аммаила, дурус гьабуна гьес – гьел къуватал «Магърибалъул марионеткаби» гурони.